Герои нашего времени

19 февраля 2025 - Администратор
Герои нашего времени

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Гьезул квершаликье кколеб бакӀалда ран рукӀуна лъухъал хъощал – накабазда чӀани, мокърукь бетӀер тункулин бицунаан васаз эбелалда.

Гьороца бегизабунгутӀизе гьелда тӀад лъолаан ганчӀал. Гьенив хъаравуллъуда вукӀуна щуго аскарияв. Гьел хисизе ине кколаан МухӀамадги. Гьениб бараб цо сордоялъухъ кьолеб харжги цӀикӀкӀараб букӀуна.

Рокъоб бугеб ресукълъиялъ гьесизавун вуго МухӀамадил гьалмагъ гьев хисун ине. Радал рокъове вачӀине хӀадурлъулаго, ахӀи бачӀана, чӀинкӀиллъиялда рукӀаразде БПЛАяз гьужум гьабунилан. Щуявго рагъухъан чӀван ватана гьенив. Хъощалда тӀад лъурал ганчӀазда гъоркь ватана МухӀамад хисарав гьалмагъги.

Гьедин бицунеб буго кIиго вас СВОялда вугей Марият ХIайбулаевалъ. БежтӀа росулъа Мухтар ва Марият ХӀайбулаевазул хъизамалда буго щуго лъимер – ункъо васги цо ясги. МухIамадги Шамилги Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъулел руго. 

Ясалъ эмен хвасар гьавиялъул хIакъалъулъ ва СВОялда васаз тIубалеб рагъулаб хъулухъалъул хIакъалъ Марият ХIайбулаевалъ бицараб кагътиде босана Кавсарат Сулеймановалъ.

ЦIале гьелъул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталъул» иргадулаб анлъабилеб номералда.